Шамалда чIвай-хъвей халат бахъунеб буго.

Шамалъул рагъул гьавадул къуватаз Идлиб шагьаралда аскIоб бугеб цо фабрикаялде бомбаби ран, 20-гIан чи чIвана, 50 гIанасевги лъукъун вуго. Гьадин лъазабулеб буго Рейтер агентлъиялъ Шамалъул оппозициялъул хIаракатчагIазул баяналда мугъ чIвайги гьабун.

ХIужа дурус гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезги аммаила абулеб буго гьез, чIваразул мухIканаб къадар жеги тIад чIезабун гьечIин.

Шамалда президент Башар Асадил низамалде данде чIолез абулеб буго жидеца Тишрин абулеб гидроэлектростанциялъул сангар бахъанин. Гьеб электростанциялъ ток кьолеб буго кIвар цIикIкIарал цо-цо бакIазде. Гьезда гъорлъ – Аллеппо шагьарги.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяналда рекъон гьалкъоязда Шамалъул хIукуматалъул аскарияз Дейр аль-Асафир абулеб бакIалде кассетиялин абулел гIемерал улкабазда гьукъарал бомбаби рехун 10-гIан лъимер чIванин.