Мисиралъул президент диванчагIигун данделъана.

Мисиралъул президент МухIамад Мурсица лъазабуна улкаялъул бетIерасул ихтиярал гIатIилъизарулеб амруялда гъоркь гъулбас лъолаго жинца къанун хвезабичIин.

Итни къоялъ тIдегIанаб даражаялъул диванчагIазда цеве вахъун гьес гьединго абуна рехсараб амруялъ Мирисалъул махIкамабазул хIалтIуе квал-квал гьабулеб гьечIин. Мурсица гъулбасараб амруялда рекъон цIияб парламент бищизегIан президентасул буюриялда дагIба базе рес гьечIо.

Раммаллагьалда талат къоялъул радал Палестиналъул вукIарав цевехъан Ясер ГIарафатил жаназа хабалъа къватIибе бахъун буго. Гьеб иш гьабун буго цIех-рехалъул мурадалда, гьесие загьру кьун гьев чIван вукIиналда шаклъи ккедал.

Рехсараб цIех-рехалда гIахьаллъи гьабулеб буго Швейцариялдаса, Франциялдаса ва Россиялдаса махщелчагIаз. Палестиналъул тIалъиялъ гьеб ишалъул мухIканлъи кьезе гьукъана. Абулеб буго хIасил цо чанго моцIалдаса нахъе загьирабизе бугин.

ГIемерал палестиниязул пикруялда ГIарафатие загьру ГIизраилалъул хасал хъулухъчагIаз кьун буго, амма ГIизраилалъул тIадтараз гьеб нахъ чIвалеб буго.