Мисриялъул ахΙвал-хΙалалъ кΙудияб асар гьабулеб буго биржабазда индексазде

Президент МохΙамад Мурсил хьвада-чΙвадиялда диванчагΙазул корпус разигьечΙолъиялъ ва ахирисел къоязул протесталъул манифестацияз бихьулеб къагΙидаялда гΙодобе ккезабуна биржабазул индексал. ГьатΙан къоялъ радал Каиралъул фондазул биржаялъул хΙалтΙи чΙезецин гьабун букΙана. ХΙалтΙи халат бахъинабун хадубги, дармил хΙаракатчилъиялъул даража ккана 9-гогΙанаб проценталъ гΙодобе.

Каиралъул Тахрир майданалда чΙварал чадирал рухΙизе Мурсил рахъ ккураз гьабураб хΙалбихьи нахъ чΙвана араб сардикь либералиял хΙаракатчагΙаз

Лъазабиязда рекъон, кΙигогΙанаб къоялъ халат рахъарал протесталъул акцияби унеб мехалда зарал ккун буго Ι00-гΙанав чиясе.

Гьал къоязда президент Мурсица лъазабуна, жиндирго хъулухъалъул ресал дагьалъги гΙатΙилъизарулел рукΙиналъул ва президентасул бокьараб хΙукмуялде нухмалъиялъул кинал рукΙаниги гΙаркьелазул асар букΙине гьечΙолъиялъул хΙакъалъулъ.