Мисриялда халат рахъунел руго протесталъул акцияби

Мисриялъул президент МахΙамад Мурсица жиндирго хъулухъалъул ресал гΙатΙилъизариялъул хΙукму загьир гьабун хадуб, улкаялъул гΙемерисел шагьаразда рагъарана протесталъул акцияби. Каиралда Тахрир майданалде рахъарал гΙадамазде данде полициялъ хΙалтΙизабуна магΙу бачΙинабулеб газ. Тунка-гΙусиял ккун руго гьединго Порт-СагΙид, Суэц ва Александрия шагьаразда. Манифестантаз сверун ккун рукΙана президент нухмалъиялде вачΙиналъе кумек гьабураб «Бусурбаби вацал» абураб гΙуцΙиялъул минаби.

Реформистазул къуватаз Мурсиде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго диктаторасгΙадин гΙунги тΙокΙал нухмалъиялъул ресал жиндихъего руссинарулел рукΙиналъул ва Хосни Мубарак тΙаса реххараб революциялъул бергьенлъабазул адаб гьабунгутΙитялъул.