Генштаб: Рагъул хъулухъалъул болжал хисизабизе гьечΙо

Россиялъул инсанасул ихтиярал цΙунулел данде руго сонгун башдалде армиялъул хъулухъалъул болжал цΙиккинабиялде. Гьединаб инициативалъе кинабгΙаги багьана гьечΙин лъазабуна, Солдатазул улбузул комитеталъул жавабияй секретарь Валентина Мельниковалъ.

Жинца гьединаб мурадалде щвеялъе хΙаракат бахъизе бугин лъазабуна «Известия» газетаялъе интервью кьолаго Пачалихъияб Думаялъул улка цΙуниялъул комитеталъул нухмалъулев Владимир Комоедовас. Гьесул рагΙабазда сон гΙолеб гьечΙо рагъулав специалист хΙадуриялъе. Армиялда хъулухъалъул болжал дагьлъизабиялъул хΙукмуялда нахъ букΙанин политикияб кьучΙин, рикΙкΙнеб буго.

Хамис къоялъ бакъанида «Интерфакс» агентлъиялъе комментариял гьарурал кремлалъул вакилас лъазабун буго, рагъул хъулухъалъул болжал цΙцΙиккинабиялъул бицен гьабулеб гьечΙин. Гьелдаго релъараб лъазаби гьабун буго рагъул къуватазул Генштаталъул вакиласги.