Изараилалдаги Палестинаялъул исламистазул ХΙАМАС абураб къокъаялдаги гьоркьоб рекъел чΙезабиялъул къотΙия-къай тΙубазабулеб букΙиналъул ишараби рукΙиналъул хΙакъалъулъ лъазабиял гьарулел руго информациялъул алатаз. Израилалъ анкьалъ авиа-ва артиллериялъул кьабиял щвезарулел рукΙана палестинаялъул территориялда, ХАМАСалъ гьелъул шагьаразде ракетаби риччаялъе жаваб хΙисабалда. Лъазабиязда рекъон, гьелъул хΙассилалда хун вуго Ι6Ι палестинияв. Израилалъул рахъалъе камун вуго щуго чи.