Казахстаналъул инсанасул ихтиярал цΙунулел оппозициял информалатал къаялде данде

Казахстаналъул инсанасул ихтиярал цΙунулез лъазабулеб буго, нухмалъиялда ракΙалда букΙахъе, оппозициял информациялъул алатазул хΙалтΙи гьукъи, букΙине бугин жамгΙиябгун культураялъул катастрофайин.

«Адил соз» абураб рагΙул эркенлъи цΙунулеб фондалъул президент Тамара Калеевалъ лъазабухъе, гьединаб хΙукмуялъ Казахстан суризабизе буго халкъазда гьоркьосеб ареналдада. Казахстаналъул прокуратураялъ диваналде хитΙаб гьабун буго 40 оппозицияб информалат къаялъул тΙалабгун. Гьезда гъорлъ рагΙула К+ телеканал, «Республика» ва «Взгляд» абурал машгьурал газетаби ва интернет-сурсатал.