МВД: С.Магницкияс гΙунтΙизарурал цогьалъул гΙайибал гьереси ккола.

Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ нахъ чΙвалеб буго, 2007 соналда магъалаби хΙисабалда Hermitage Capital фондалъ кьураб щуго миллиард гъурущ россиялъул пачалихъиял хъулухъчагΙаз бикъун бугин абураб информация. Фондалъул пресс-хъулухъалде официалияб къагΙат битΙун гьединаб лъазаби гьабун буго Жанисел ишазул министерлъиялъул цΙехх-реххалъул департаменталъул нухмалъулев хисулев Юрий Шининица.

Гьеб гΙарац бикъун букΙиналда ракΙ чΙараб букΙана магъалабазда хурхарал гΙайибал гΙунтΙизарун аресталде гъоркье восун вукΙарав ва хадуб москваялъул цΙехх-реххалъул изоляторалда хварав фондалъул юрист Сергей Магницкиясул.

Жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго, Магницкияс цΙогьалъул гΙайиб гΙунтΙизабун йикΙарай Ольга Степановалъ ва цогидал хъулухъчагΙаз гьединаб такъсир гьабичΙин. Гьанже Магницкий хун лъабго соналдаса Цолъарал штатазул Конгрессалъ тасдикъ гьабуна «Магницкиясул актин» абулеб къануналъул проект. Гьелда рекъон, инсанасул ихтиярал хвезариялде хурхен бугел россиялъул пачалихъиял хъулухъчагΙазде данде лъазарулел руго санкцияби.