Америкалъул президент Барак Обама гьатIан къоялда щвана Бангкокалде. Президентасул хъулухъалде кIиабилеб болжалалде вищун хадуб гьеб буго гьесул къватIисел улкабазде гьабураб тIоцебесеб сапар.
ГьатIан къоялда гьев дандчIвана Таиландалъул нухмалъигун ва итни къоялда Обама ине вуго Мьянмаялде. Гьеб улкаялъул рагъулаб нухмалъиялъ байбихьун руго демократиял реформаби гьаризе.
Обамал сапар рагIалде бахъине буго Камбоджалда ва гьев гIахьаллъизе вуго Машрикъалъул Азиялъул улкабазул саммиталда.
Экспертазул пикруялда Китаялъ асар цIикIкIинабулеб бугеб гьеб регионалъул улкабигун гIагарлъизе хIаракат бахъулеб буго Америкалъ, жалго гьел улкабазулги гьелда дагIба гьечIо.