Джексон-Вэникил хиса-басиязухъ хисун «Магнитскиясул акт»

Америкалъул Конгрессалъ къабул гьабун буго россиялъул цо-цо хъулухъчагIазде данде санкциял хIалтIзаризе рес кьолеб къанун. Гьел хъулухъчагIи Америкалъ рикIкIунел руго Москваялъул цIех-рехалъул изоляторалда медициналъул кумек гьабичIого юрист Сергея Магнитский хвезе теялъе гIайибияллъун.
«Магнитскиясул акт» абулеб гьеб документ къабул гьабулаго нахъе бахъун буго Джексон-Вэникил хиса-басиял абун лъалеб документги. Гьелъ гIурхъаби лъолел рукIана Америкалъе Россиягун даран-базар гьабизе.
Ноябралъул ахиралда гьеб документалда хурхун гьаркьал кьей букIине буго Сенаталда, хадуб президентас гъулбас лъедал гьеб къуваталде лъугьуна.
Москва гьеб къануналъул проекталда разияб гьечIо ва лъазабулеб буго гьелъие жавабиял галаби жидеца лъезе ругин.