Ираналъ лъун буго 100 цIияб центрифуга

Иран хIадураб буго гIагараб заманалда атомияб яргъие хIалтIизабулеб лъикIго бацIцIад гьабураб ураналъул къадар лъалаго цIикIкIинабизе.
Гьедин лъазабулеб буго Атомияб энергетикаялда сверун Халкъаздагьоркьосеб агентлъиялъ рузман къоялда дипломатазда гьоркьоб тIибитIизабураб докладалда.
Лъазабулеб буго Фордо абулеб атомияб объекталда нусго цIияб центрифуга лъун бугин Ираналъин. Гьел хIалтIизе ричIчIани 20 проценталъ бацIцIад гьабураб ураналъул къадар Ираналда кIиго нухалда цIикIкIине рес буго.
Гьединго абулеб буго Исламияб республикаялъул гьанжеялде бугин бацIцIад гьабураб ураналъул 250 килограммин.
Магърибалъ абулеб буго атомияб ярагъ гьабизе хIаракат бахъулеб бугин Ираналъин. Тегераналъ тIадчIей гьабулеб буго гьезул атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIиналда.