ГIадамал лагъзаллъун кквеялъулъ тIакъсир бихьун гьечIо прокурорасда

Москваялъул тукада «лагъзал» ккун рукIанин абураб хIужаялда сверун такъсир гьабиялъул иш рагьизе инкар гьабиялда тIасан диваназде гьездаго гъорлъ инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европалъул диваналдеги гIарза хъвазе ракIалда буго россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезда.
Узбекистаналдаса кIиго гIадан Москваялда цо тукада лъагълъуда ккун рукIиналъул лъана гьаб моцIалъул авалалда. Амма гьеб хIужаялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьизе гIилла гьечIин чIезабун буго Преображенскалъул мухъазда гьоркьосев прокурорас. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфаксалъ».
«Гражданияб рекъонхIалтIиялъе гIоло» абулеб комитеталъул бетIер Светлана Ганнушкинаца гьеб лъугьа-бахъиналде абун буго «вахIщилъийин». Гьелъул рагIабазда рекъон, прокуратураялъ инсанасул ихтиярал гуребги тамихI гьабиялда сверун кодексцин хвезабун буго.