Эштон разияй йиго сириялъул оппозиционияб коалиция гIуцIиялда

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялда сверун идараялъул бетIер Кэтрин Эштоница разиго къабул гьабулеб буго сириялъул оппозициониял къукъабазул коалиция гIуцIи.
Каиралда букIараб Евроцолъиялъул ва гIарабазул улкабазул Лигаялъул къватIисел ишазул министразул данделъиялда Эштоница коалиция ахIана сириялъул тIолабго халкъалъул вакил жиб букIин бихьизабизе.
Гьелдаса цебе гIарабазул улкабазул Лигаялъ ва гIарабазул улкаби рекъонхIалтIиялда сверун Шураялдаса анлъго улкаялъ рехсараб коалиция сириялъул «лигитимияб хIукуматлъун» малъун букIана. Гьелдасаги цебе, гьатIан къоялда, Катаралда Америкалъги загьир гьабулеб букIана коалиция гIуцIиялда жиндирго разилъи.
Гьебго заманалда Франциялъул улкацIуниялъул министр Жан-ив Ле Дрианица рикIкIунеб буго, Сириялда ругелщинал рагъулал къукъабазда тIад гьез контроль чIезабизегIан гьеб коалиция лигитимияб хIукматлъун рикIкIине жеги ригьалдаго бугин.