Туркиялда курдал къватIире рахъана.

Туркиялъул Джизре абулеб вилаяталда шамат къоялъул къаси тунка-гIуссиял ккана кудразул хIаракатчагIазда ва хIукуматалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIазда гьоркьор.

Абулеб буго аза-азар курдас къватIабахъ жидерго квербакъи загьирабулеб букIанин жанир ругел цогидал курдазе.

Ахирисеб цо чанго анкьалъ жанив вугев 700 гIанасев курдас ва курдазул 6 политикас ракъи лъазабун бугоан.

Гьез киназго Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъанасда тIалаб гьабулеб буго диваналъул къотIиялдалъун гIумруялъго жаниве тIамурав курдазул хIалтIул партиялъул цевехъан ГIабдуллагь Оджалангун дандчIвазе гьесул адвокатазе изну кьей.