Туркиялда рагъулаб тирело бортана.

Туркиялъул Шиирт вилаяталда рагъулаб тирело бортун гьелда рекIун вукIарав 18 рагъулав хъулухъчи гIумруялдаса ватIалъана.

ХIужжа ккана доб бакIалда ругел курдазул яргъид гIуцIарал сепаратистазде данде хасаб операция унеб мехалда.

Шиирт вилаяталъул губернаторас абуна ккараб балагьалъе техникиял гIиллаби рукIун ратилин.