ГIиракъалъ инкар гьабун буго Россиялъул ярагъ ва рагъулаб техника бичун босиялда хурхараб цебе гьабураб къотIи-къаялдаса. Гьеб къотIиялъул багьа ункъго миллиард долларалде бахунеб буго.
ГIиракъалъул премьер-министрасул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго гьадинаб хIукму гьабун бугин ришватчилъиялда шаклъи ккун.
Араб анкьида Россиялъул президент Владимир Путиница улка цIуниялъул министр Анатолий Сердюков хъулухъалдаса эркен гьавуна ва гьесул бакIалде Сергей Шойгу тIамуна.