Дагъистаналда цоги Шималияб Кавказалъул республикабаздаго гIадин диналда тIадчIей гьабулел бусурбабазде тIадецуй цIикIкIунеб бугилан рикIкIунеб буго философиял гIелмабазул доктор Зухумов Зухумица. Гьелъие мисаллъун гьес бачунеб буго 7 октябралда МахIачхъалаялъул Къоркъмасовасул къотIноб буго ЦУМ супермаркеталда исламияб къайи бичулеб бакIалда аскIоб букIараб лъугьа-бахъин.
Гьенире рачIун рукIана тIад маскаби хурал полициялъул хIалтIухъаби ва гьенир исламияб къайи бичулел руччаби полициялъул бутIаялде рачине лъугьун руго. Полициялде рачунел рукIана хас гьабун исламияб ратIлил форма бугел ясал.
«Полициялда цадахъ Советский мухъалъул жанисел ишазул бутаялде ниж инчIеб мехалъ гьез къватIире риччаларого рукIана, хадур нижеца гIагарлъиги ахIун хъуй гьабидал гьел нижер паспортазул хал-шалги гьабун ана»- абун бицунеб буго гьений йикIарай МухIамадова Асиятица.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов Вячеславица Эркенлъи Рариоялъе бицана кинабгIаги исламияб форма ретIарал ясал кквеялъул тадбирал рукIинчIилан, киса-кирего гIадин хIалтIухъабазул документазул хал-шал гьаби гурони.
Гьездаго релълъарал тадбирал гьаруна нижеца МахIачхъалаялъул гIемерисел базаразда ва чIахIиял тукабазда, кьучI гьечIого ахIи-хIур бахъинабун бугилан гьезилан бицана пресс-хъулухъалъул нухмалъулес.
Гьединабго пикру загьир гьабуна рехсараб тукада хIалтIулев Макъсудов Халидица. Гьесул баяназда рекъон, киназулго паспортазул хал-шал гьабулеб букIана. «Исламияб форма ретIарал ясал полициялде рачунел рукIанищ дида лъаларо, амма полициялъулал гIемераб мехалъ гьеб бакIалда аскIор рукIана, щиб букIараб гьелъие гIиллаги дида бичIчIичIо. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьел рукIана МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялъул хIалтIухъаби» - ян абуна гьес.
Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим Зухумов Зухумица рикIкIунеб буго полициялъул хIалтIухъабаз ва цоги къуваталъул идарабаз профилактикаялъе гIоло гьабулеб бугиланги ккун гьабулеб хIалтIи буго гьеб, амма гьелъ профилактика гуреб, тIадеги гIадамазул дандечIчIей цIикIкIинаби гурони букIине гьечIо.
Зухумов Зухум: «Гьел проблемаби жакъа раккарал гуро, гьезул хIакъалъулъ тIубараб тарих хъвазе бегьула. Киса-кибего унеб буго бусурбабазде тIадецуй, исламияб ратIлил формаялде гьужумал. ЦУМалда букIараб лъугьа-бахъиналда хурхун батIи-батIиял харбал руго. Лъалеб гьечIо кинаб идараялдаса рукIарал гьел тIад ярагъ барал гIадамал, гIемерисел гьумер бахчарал рукIанилан бицунеб буго.
Дир хIисабалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз терроризмалъул профилактика гьабулеб буго, амма гьабулеб къагIидаялъухъ балагьарабго гьелъ тIадеги терроризм цикIкIин гурони кьезе гьечIо. Гьединаб хIалтIуца гIадамазул ццин бахъинабулеб буго, гьезул божилъи холеб буго полициялдаса. Рагьун жал щиб идараялдаса ругелали бицунареб мехалъ гьезда кин гIадамал божилел?
ТIадеги, гьез хIижаб ретIарал чагIазде цIикIкIун кIвар кьолеб буго. Нилъеда лъалаха исламалда чIужугIаданалде кинаб бербалагьи букIунебали. Гьединлъидал, гьумер бахчарал гIадамаз рас бахчарал ясал ва руччаби полициялде рачунеб мехалъ гьеб лъие бокьилеб? Гьезул гIагарлъиялъул ццин бахъинчIого рес гьечIо.
Хадуб гьез гIажаиблъи гьабула гIолилал щай радикалияллъун лъугьунел абун. Дида лъаларо гьел буюрухъал лъица кьолел ва щал гьезда хадур ругелали, амма гьез цо-цо мехалъ зани бегизабула. Цогидалъул бицун щай, жалго полициялъул бутIабазда лъалеб букIинчIо тIоцебе цIехарабго щал чагIи гьел рукIаралали».