Радио Эркенлъи (архив) Жеги 10 чи чIван вуго Апгъанистаналда. Ноябрь 08, 2012 Апгъанистаналъул Гьилменд вилаяталда нухтIа бахчун тараб фугас кьагьизабун 10 ракълилав инсан чIван вуго. Гьезда гъорлъ ункъго чIужу-гIаданги, цо лимерги. Гьадин лъазабун буго рехсараб вилаяталъул тIадтараз.