ГIумаровгун Амутинов рачIинчIолъи дандеккечIо журналистазе

7 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана дагьалъ цебе Москваялда букIараб данделъиялъул гIахьалчагIазул пресс-конференция.
Амма гьенир рукIинчIо гьеб данделъи гьабиялъул бетIералда рукIарал ГIумаров ХIажимурадги Амутинов Амучиги. Гьелда дагIба бана бачIинахъего журналистазги. Гьелъул магIна кколищ гьел кIиялго чагIазул рагIи данде ккун батулин Дагъистаналъул нухмалъулесулгунин абураб магIнаян гьикъана журналистаз. Гьединго тIаде жубана ахирги нужедаса пайда босулеб батичIонихаян.

Къурбанов Казихан (ришватчилъиялда данде Табасаран мухъалда гIуцIараб комитеталъул нухмалъулев): «Гьезие нижедаса пайда босизе къваригIун батани, ниж лъавукъал чагIи гурелъул, бичIчIилеб батила. Гьеб мехалда нижерги гьезулги нухал рикьиларищха».

Руслан Расулов: «Цоги къагIидаялда гIуцIизе ракIалде ккани, гьединги гьабила нижеца. Я Амутиновгун, ялъуни ХIажимурад ГIумаровгун цадахъ».

Амма щиб нужеца бицаниги, гьев кIиявго чи вукIине кколаанин пресс-конференциялда, гурони нуж лъиданиги лъаларин чIана нахъойги журналистал.

АхIмаднабиев МухIамад: «Ниж лъачIониги кIваричIо нижее».

Гъайирбиев Гъайирби (Москваялде данделъиялде ун вукIарав Казбек мухъалдаса вакил): «ХIажимурад ГIумаровасеги Амучи Амутиновасеги баркала кьезе ккола нижеда цере рилълъаралъухъ. Нижер руго нижерго идеялги позицияги. Дозулазда данде ккана гьел. Нижеда дандеккун гъозул ресал руго. Мисалалъе, нухда рахъине…


Гъайирбиев Гъайирби.

Гьаниб гьикъана щайила гъол гьаб данделъиялде рачIинчIел. Щайгурелъул гъозда чIалгIун батула гьаб ахираб анцIго къоялъ киназго жалго какулел рукIин. Монстраллъун гьарулел руго. Амма дора майданалда (республикаялъул нухмалъиялда – авт.) ругезда дандеккун, гьел гIезегIан ритIухъал чагIи руго.

«Справедливая Россия» партиялъул вакилзабазги какулел ругин гьелилан абулеб буго. Какиларищха доз ал, ХIажимурадица гьел партиялдаса нахъе рехараб мехалда».

Гьезда ракIалда букIана Москваялда гьабулеб данделъиялде Россиялъул президент Владимир Путинидаса байбихьун улкаялда ругел машгьурал хIакимзабигун, политикалги, эксперталги ахIизе. Амма гьезда гьоркьоса щивниги вачIинчIо гьениве.

Данделъиялъул гIахьалчагIазул цояв, АхIмаднабиев МухIамадица бицана гьелищин рачIунел, жибго гьеб данделъи жаниб гьабураб «Космос» абулеб отелалъул залалъул бетIергьабаздегицин тIадецуй гьабулеб, хIинкъизарулел рукIанин тIадчагIаз.

ГIемер бицунеб буго Москваялде ахIарал дагъистаниял рокъоре тIадруссине гIарацги гьечIого ХIажимурад ГIумаровасгун Амучи Амутиновас теялъулги. Жидее гьелъие квербакъи Дагъистаналъул нухмалъулесул администрациялъ гьабунин ахIи-хIур журналист Мансурова Саниятица бахъинабуна.

Гьей жийго 7 ноябралда тIобитIулеб пресс-конференциялда йикIинчIо. Гьей лъицаниги вакил гьаюн йикIинчIин Москваялде, гьединлъидал Мансуровалъ ахIи-хIур ургъунго, хIукуматалъул чагIазе пайдаялъе бахъинабунин рикIкIунеб бугоан пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз.

Республикаялъул прессаялда гIемер руго Москваялда гьеб данделъи гьабуразде гъегъ бан хъварал макъалаби. Жидеца хIисабалде босараб хIалтIи букIине кколедухъ гьабичIин гьез, гьединлъидал жибго Дагъистаналъул оппозия абураб рагIулги къимат хвезабунин гьезилан абураб магIна буго гьезул.

Лъица щиб абуниги жал Дагъистаналъул гIузрабазул бицине ун рукIанин гьениреян жаваб кьуна Гъайирби Гъайирбиевасги, Руслан Расуловасги, МухIамад АхIмаднабиевасги, цогидазги.

Гьедин тIад-тIадруссун пресс-конференциялдаги бицана гьез Табасаран, Казбек, ГIахьвахъ ва цогидал мухъазда бугеб ришватчилъиялъулги, рищиязда гьарулел къелазулги, гIадатияб халкъалъухъа рахъун ракьал ричиялъулги, цогидаб тIекълъиялъулги.

Гьеб киналъего ахир лъезе бажарунгутIиялда бан Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам нахъе ине кколин тIалаб гьабулеб буго гьез.

Гьединаб тIалаб цебе лъураб митингги тIобитIизе буго гьез исана 9 декабралда МахIачхъалаялда.