Пакистаналда цIияб теракт.

Пакистаналъул Пешавар шагьаралда арбагI къоялъ бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго полициялъул ункъго хъулухъчи ва кIиго рагълилав инсан. Лъукъун вуго гIага-шагарго 27 чи.

ЧIваразда гъорлъ – полициялъул тIадегIанаб даражаялъул цIех-рехчи ХIилал ХIайдарги.

Низам цIунулезул баяналда рекъон живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабуна. ЧIваялъул гIайиб жидеда тIад пакистаналъул тIалибаз босун буго.