Ярагъ гьанже щивасухъ буго

Гъизляралдаги Гъизляр мухъалдаги ярагъгун ккурав 8 чи такъсирияб цо къокъаялда гъорлъе унев вукIиналда щаклъи буго полициялъул.
Амма жеги чIванкъотIарал хIужаби кодоре щвечIого ракIчIун гьедин абизе кIолеб гьечIо гьелъул хIалтIухъабазда. Эркенлъи Радиоялъе гьедин бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов Вячеславица.

ХIасанов Вячеслав: «Цо пуланав чиясда тIасан баян щун букIана нижехъе. Гьедин гьев ккведал цогидалги ккунаха иргадал».

Цин рохь бугеб бакIалъан бачIунеб Бабаюрт росулъа чияс бачунеб автомобильги чIезабун хал гьабун буго. Гьесухъ ратун руго гранатабиги патроналги, гьединго лажбар жаниб букIараб пластмассалъул къали. Гьенир жанисан раккун рукIун руго электроэнергия жанисан унел тIеренал кварал, тIасан гьеб къали бацун букIун буго гордал-нуцIби лъолеб мехалда картIал, кьватIелал рацизе гьоркьобе тIолеб полпица.

Гьелдаса хадуб Гъизляр шагьаралда 20 сон барав гIолохъанчиясул автомобиль чIезабун буго документазул хал гьабизеян. Гьесухъги батун буго кIиго граната. Лъабабизе чIезавуравги Гъизляралдасаго вукIун вуго.

17 сон гурони гIумрудул гьечIев гьесул рокъор чIухь бан хадуб батун буго револьвералъул тайпаялда рокъосел шартIазда гьабураб таманчаги патроналги.

Макаровасулин абулеб, тIасан номералги хъвагIараб кIиго таманчаги, патроналги, цогидабги батун рагIула Гъизляр шагьаралда чIезабураб Табасаран мухъалдаса 19 сон барав гIолохъанчиясул автомобилалъубги. РПГ-26 абулеб гранатомет батун буго гьениб гIагардаго бугеб Аверьяновка росулъа 24 сон барав гIолохъанчиясул автомобилалъуб.

Калашниковасул кIиго автоматги 60 патронгун цадахъ гьелда лъолел магазиналги росун унев ватун вуго Гъизляр мухъалъул Большая Задоевка росулъа 30 сон барав гIолохъанчи.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаги букIун тIагIараблъун рикIкIараб травматикаялъул таманчаги, гьединго тIасан номералги хъвагIан, рагъулаб таманчаялде буссинабураб травматикаялъул таманчаги батун буго жеги кIиго гIолохъанчиясухъги.

Полициялъулги хасал хъулухъазулги хIалтIухъабаз тIатинарурал гьел гIадамазда хурхун тIокIаб тIаде лъалеб баян гьечIо жеги. Интернеталдайин абуни цIализе бегьула гьелда бан дагъистанияз гьарурал гьадинал комментариял:

«Валлагь цIакъ гIажаибал жал кколел руго – щаклъи ккарал хIужабазул хIакъалъулъ лъазабун, гIадатиял гIадамаз полициялъе кумек гьабизейищ байбихьараб, ялъуни полициялъулалищ букIине кколедухъ хIалтIизе лъугьарал?»

«Дагьалъ цере цо хIакимчиясул хъаравулзабиги рукIана ккун – 12 чи. Гьединалго чагIи ратичIониха гьал микьгоялги. Хъачагъаздехун кинабгIаги бухьен гьечIо гьезул».

«Жакъа къоялда щивасухъ буго кIиго–лъабго батIияб ярагъ».


ХIакъикъаталдаги дагьабниги рес ккарабго жинда тIад яргъил хъвай-хъвагIай гьабулеб гIадат буго дагъистаниязул. Хъачагълъи гьабизе къваригIинчIониги, заман бугин хIинкъараб бачIунилан абула гьез.

ХIасанов Вячеслав: «1999 соналда Дагъистаналда букIараб рагъудаса хадубги хутIана гIадамазухъ гIемераб ярагъ».

Гьеб мехалда щивасухъе ярагъ кьезе ресги гьечIого республикаялъул тIалъиялъ халкъалде хитIаб гьабун букIана нужерго гIарцухъ босейин ярагъ, хадуб жидеца бецIилин гьеб нужее. Амма хадуб пачалихъалъ гьелъухъ жидее кьолеб гIарцуда ракIги рекъечIого дагъистаниязул цо къадаралъ ярагъ щиб кканигиян жидехъго тана.