Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас Магърибалде гIунтIизабулеб буго Шамалда ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул гIайиб. Магърибалъ къасд гьабулеб бугин пачалихъияб хиса свериялъе пайдаял шартIал гIуцIизе, ян лъазабуна Лавровас Каиралда ГIараб Улкабазул Лигаялъул бетIер Набиль ал ГIарабигун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб.
Гьел кIалъа-басаязда гьединго гIахьаллъана Шамалда халкъаздагьоркьосев нухтIал Лагьдар Брагьимиги. Гьес жиндир иргаялда абуна Женеваялъул декларация Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул цIияб резолюциялъе щулияб кьучIлъун букIине бегьулин. Шамалда рагъулаб къагIидаялъ дагIба рагIалде бахъинабизе рес гьечIо ян тIаде жубана гьес ва ракIалде швезабуна гьенив 30 000 чи чIван вугин абун.
Лагьдар Брагьими: «ГIайиб гьечIел гIадамазул би тIеялъ бергьенлъи кьеларо лъиениги. Шамалъул дагIбадул масъала рагъулаб къуватIалдалъун тIубазабизе рес гьечIо. Ракълиде, маслигьаталде цохIого цо нух буго – политикияб.
КъваригIун буго щибаб рахъалъул разилъи гьединаб политикияб процессалда. Гурони – Шамалъул букIинесеб балагьаблъун букIине буго ва гьеб рагъ Шамалъул гIурхъи бахун къватIибехун ине бегьила, мадугьалихъ бугел цогидал улкабазде гуребги – хIатта рикIкIад ругел улкабаздеги».
Амма Россиялъул къватIисел министрасул хIисабалда Шамалда хурхараб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул цIияб резолюция къабул гьабизе хIажалъи гьечIо. Шамалда халат бахъунеб дагIбадул кIиябго рахъалде Женеваялъул къотIи-къаязул киналго гIахьалчагIаз ахIи бани гьебги гIелин маслигьаталде нух батизелъун.
КIиябго рагъдолеб рахъалда тIадаб бугин кьвагIа-гIанхъи ахиралде щвезабизе ва кIалъа-басаял байбихьизе. Женеваялъул «Харакатчилъиялъул къукъаялъул» цо-цо гIахьалчагIазийн Шамалъул оппозиция Башар Асадил низамалде гIуссинабулеб буго, ян хас гьабун абуна Сергей Лавровас. Гьез къасд гьабулеб бугилан Шамалъул президент Башар Асад тIаса рехизе.
Сергей Лавров: «Дида ккола гьеб бигьаго бичIчIизе бегьулеб суал бугин. Щиб гьабизе кколебали? Гьеб суалалъе нилъеца мухIканаб жаваб кьун буго, Женеваялда къотIи гьабун. Доба киналго къватIисел вакилзабаз хIукму гьабун буго Шамалда цоцаде данде чIаразде, рагъдолезде цокIалаб ахIи базе.
Россиялъ хасго гьединаб иш гьабулеб буго - хIукуматалдеги, оппозициялъул киналго къукъабаздеги рехсараб ахIи балаго. Женеваялъул къотIиялъул цогидал вакилзабазийн гIаксаб иш гьабулеб буго. Гьез оппозициялде абулеб буго - рагъ халат бахъинабеян, нуж ритIухъал ругин ва нуж бергьине ругин абулаго».
Магърибалъги ГIараб улкабазги цо гуреб нухалъ Россиялде гIунтIизабулеб букIана Башар Асадил низамалъе квер бакъи гьабиялъул гIайиб. Башар Асадида гьез чIвазабулеб гIайиб хIукуматалде данде чIараб оппозициялъул гIахьалчагIазе зулму гьаби.
Добго къоялъ Катаралда тIобитIана Шамалъул оппозициялъул батIи-батIиял гьаркьелазул вакилзабазул данделъи цолъараб фронт гIуцIиялъул суалгун гьоркьоб. Шамалъул Миллияб Шураялъул официялияв вакил Осама Монажедица нахъ чIвана оппозициялъул гьаркьелазда гьоркьоб питна багъарун бугин абурал харбал.
Гьаб нухалъ гьеб данделъиялда гIахьаллъула динияб гуреб хIукумат баялъул рахъ кколел гурелги - исламисталги, курдалги, алавиталги.
Дагьалъ цебе Шамалъул оппозициялъул бутIрузул цояв – мажлисалъул вукIарав депутат Риад Сейфица абуна жиндир хиял бугин тIолго оппозициялъе нухмалъи гьабулеб 50 чиясул гIахьаллъигун цIияб къукъа гIуцIизе. Ва жиндие халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ гьелда хурхараб квер бакъиги гьабулеб бугин.
Шамалъул Миллияб Шураялъул пресс-секретарь прессалъе лъазабуна оппозициялъе хIажатаб бугин мухIканаб стратегия ва жиндир хьул бугин Башар Асадил низам кватIичIого ахиралде швеялда.
Риад Сейф: «Нижеца хIукму гьабун буго оппозициялъул цогидал гьаркьелазул вакилзабазулгун кIалъа-басаял гьаризе нижеда цере раккизесел масъалаби ва нижеца хIалеб роль дурусго лъазабизелъун. Гьеб ишалъул мурад гьанжесеб низам хисизаби ва улка эркенлъиялдеги демократиялдеги сверизаби».
Франс-пресс, Рейтер ва цогидал агентлъабазул кумекалдалъун хIадур гьабураб макъала.