Гуржиязул анищги Кахетиялъул магIарулалги

2-билеб ноябралда Тбилисиялда тIобитIараб пресс-конференциялда Гуржистаналъул премьер-министр Бидзина Иванишвилица президент Михаил Саакашвилида лъазабуна, президентасулаб кIалгIаги рехун тун, хIалтIизе пачалихъияб канцеляриялъул минаялъуве вахъайилан.

Иванашвилица абуна Гуржистаналъул гьанжесеб магIишаталъул гьеб президентасул кIалгIа хIебтIизе кIолеб хIал гьечIилан: « Саакашвили хIалтIизе пачалихъияб канцеляриялъул минаялъуве тIадвуссине ккола, гьеб чIухIараб президентасул кIалгIа хьихьизе хвезабулеб гIарац рагъалъ гочинарурал ва цоги къварилъиялда ругел Гуржистаналъул гражданазе ва Гуржистан цебетIеялъе харж гьабизе хIажат буго», - ян кьварараб кIалъай гьабуна Иванашвилица.

Президентасул кIалгIа балаго, Гуржистаналъул бюджеталъул анцI-анцI миллион доллар харж гьабун буго Саакашвилица, гьев хьихьи пачалихъалъе цIакъго хираго чIолеб бугилан рикIкIунеб буго цIияв премьерас.

Исана тIоцебесеб октябралда тIоритIарал парламенталъулал рищиязда гьаркьазул 57 процент щвана Иванашвилил «Гуржиязул анищ» партиялъе, Саакашвилил «Цогояб миллияб багъа-бачари» партиялъе – 48 %. Авараз гIумру гьабулеб Кахетия регионалдаги «Гуржиязул анищ» бергьана, гьелъие гьаркьазул 60 процент щвана, Саакашвилил партиялъе – 36.

Кахетиялъул Къварели мухъалда гьабсагIат хутIун буго аваразул лъабго росу – Тиви, Чантлискъуре ва Сарусо. Гьениб гIумру гьабулеб буго 1500 магIарулас.
77 сон барав Тивиялдаса аварав Бадрудин Адаловас, «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго, абуна жинца гьаракь Саакашвилие кьунилан.

Бадрудин Адалов: «Щай дица гьаракь Саакашвилие кьураб? Ахираб заманалда гьесгIанги ритIухъаб сиясат бачунев нухмалъулев Гуржистаналъул бетIерлъуде ккечIо. ЦIогьалъе, бикъа-хъамиялъе ахир лъуна гьес, халкъал хIакъир гьаричIо, масала, аваразда «лекIиялин» тIокIцIарал лъечIо. Эркенаб, рагьараб жамгIият гIуцIана. Гуржистаналда нуцIби рахаларо. Кьижизе вегарав чи нуцIби щула гьарун ругищали бихьизе вахъине кколаро».

Россиялъулги Гуржистаналъулги гьоркьорлъаби хвеялъ гIадамазул бетIербахъи нахъе ккезабунилан бицана Адаловас. Дагъистаналъул ЦIунтIа мухъалдасан Гуржистаналъул Къварелибе шагьранух бахъулеб букIана къого соналъ цебе.

Гьеб иш тIаде босарав БежтIа ракьалъул вакил МухIамад Къебедовасе пачалихъалъ изну кьечIо хIисабалде босараб иш рагIалде бахъинабизе. Бикьизабураб авар халкъ цолъиялъе гьеб нухалъ квербакъизе букIанилан абуна Адаловас.

Бадрудин Адалов: «Ахираб заманалда Дагъистаналде рахъарал хъизанал гьанире тIадруссунел руго. ГьабсагIат Тивиялда 120 хъизаналъ яшав гьабулеб буго. ТIадруссун рачIараз минаби цIигьарулел, къачIалел руго. Санкт-Петербургалда вукIарав вас нахъе ахIана дица, гьанже херлъунги вуго, тIалаб гьабизе чи къваригIуна.
Эбел-инсуда аскIоре Тивиялде рачIуна гIолилал.

Гьоркьо-гьоркьор гьанире щунги гьабизе бегьула даран-базар. ЛъагIалида жаниб чанго моцIалъ хIалтIизе цереги унаан нижер бихьинал Россиялъул регионазде – Алтаялде, Сибиралде ва ва гь. ц.

Дие цIакъ рекIее гIоларо Дагъистаналда магIарулазда гьоркьоб чIвай-хъвей гIемерлъун букIин. МагIарул чи вукIиналдаса намуслъизецин бачIунеб буго. ЦIияб кьвагьа-гIанхъиялъул хабар Дагъистаналдаса рагIарабго, нужерал цоцаца чIвалел ругилан абула нижеда гуржияз. Гьеб бидулаб нух рехун тезе ккола нилъеца».

1944 соналда Чачанлъиялде гочинарулелъул, Тиви гIумру гьабун вукIана 400 чи. 1990 соналда гьеб росулъ 512 хъизан букIана (азаридаса цIикIкIун чи). ГьабсагIат гьенив яшав гьабун вуго 450 чи (120 хъизан). Россиялъулги Гуржистаналъулги кIудияб политикаялъ гIемер гIакъуба-къварилъи бихьизабуна Кахетиялъул аваразда.

Гуржистан, Къварели мухъалъул Тиви росу.