Гуржистаналъул цо туснахъалде гьужум гьабун буго.

ГьатIан къоялъул сардилъ Гуржиялда бугеб цо туснахъалде жанире тIамуразул гIага-божараз къасд гьабуна гьеб туснахъалде жанире лъугьине. Гьез квешго вуххана цо хъаравулчи.

ХIужа ккана Тибилисиялда аскIоб бугеб Ксани абулеб росулъ.

Рехсарал гIадамаз туснахъалъул администрациялде гIунтIизабулеб буго инсанасул ихтиярал хвезариялъул гIайиб.