Китаялъул коммунистал хІадурулел руго аслияб данделъиялде

Микьабилеб ноябралда байбихьизе буго Китаялъул Коммунист партиялъул ункъгокъоялъулаб аслияб данделъи. Гьединаб хІукму къабул гьабуна партиялъул Централияб комитеталъул пленумалъ.

Пленумалъ тасдикъ гьабуна гьединго цебе гьабун букІараб хІукмуги. Гьеб хурхараб буго коррупциялъул ва жиндирго хъулухъалъул гІорхъабаздаса рорчІун ишал гьариялъул гІайибал гІунтІизарун политбюроялъул гІахьалчи Бо Силай ва маххул нухазул транспорталъул экс-министр Лю Жиюн партиялдаса нахъе къотІиялда. РакІалда буго гьел диваналда цере чІезаризе.