25 чи хун вуго берталъ СагΙудиязул ГΙарабиялда

СагΙудиязул ГΙарабиялъул Абкайк шагьаралда 25 чи хун вуго бертин унеб мехалда ккараб цΙаялъул хΙассилалда. ЛъебергогΙанав чиясе ккун буго зарал. БакΙалъулаб нухмалъиялъ лъазабулеб буго хванила бихьиназдаса ратΙа гΙодор чΙун рукΙарал руччабиги лъималгиян. Цебеккунисеб информациялда рекъон, цΙа ккун батизе бегьула гьаваялде чанго нухалъ кьвагьун лъачΙого электротрансформатор хвезабиялъул хΙассилалда.