«Аль-Каидаялъулгун» хурхен бугеб «Шебаб» абураб сомалиялъул сепаратистазул къокъаялъул исламистаз чΙван вуго машгьурав комик ва музыкант Варсаме Шире Авале. Гьев хΙалтΙулев вукΙун вуго «Радио Кульмиеда» комедиялъул ва драмаялъул продюсер хΙисабалда. Журналистазул миллияб цолъиялъ лъазабулеб буго, гьесие хΙинкаби кьолел рукΙанин.
Дагьалъ цебе Магадишоялда чΙвана радиорепортер, августалда - комедиялъул цогидав артист. ГΙицΙго гьаб соналда Сомалиялда чΙван вуго Ι7 репортер. «ГΙорхъаби лъаларел журналистал» абураб халкъазда гьоркьосеб гΙуцΙиялъ 2012 сон лъазабуна журналистазе бищунго бидулаблъун. Гьел такъсириял ишазда хурхун ккун гьечΙо цогΙаги чи.