Карибалъул бассейналда "Сэндиялъ" балагь цΙикΙкΙинабулеб буго

U.S. -- Dark clouds are seen over the skyline of Manhattan as as Hurricane Sandy begins to affect the area in New York, 29Oct2012

Кариб ралъдалъ «Сэнди» абураб ураганалъе гΙоло гьатΙан къоялда жив киве ккаравали лъачΙого тагΙун вуго анкьго французав. Гьел рукΙун руго Демониканазул республикаялде унеб гьитΙинабго гамида тΙад. Цолъарал штатазул ралъдал рагΙаллъиялъул хъаравуллъиялъул къуватаз эвакуация гьабун буго HMS Bounty абураб гамил 14 чиясдаса экипажалъул. Ураганалъул бакьулъе ккараб цогидаб парусазул гамида тΙад вукΙарав кΙиго чиги тΙагун вуго киве ккаравали лъачΙого.

«Сэнди» аскΙобе щолеб букΙин ракΙалде босун, Нью-Йоркалда нахъе рахъун руго авиарейсал, хисизабун буго жамгΙияб транспорталъул хΙалтΙул режим, цо-цо фирмабазда хΙалтΙи чΙезабун буго. Шагьаралъул рагΙаллъиялдаса 375 азарго чиясул эвакуация гьабулеб буго.

«Сэндиялъул» къурбанлъун цебесеб анкьалда Кариб бассейналда лъугьун вуго 60-ялдаса цΙикΙкΙун чи.