Кутаисиялда данделъараб гуржиязул парламенталъ бищун буго улкаялъул цIияб хIукумат. Гьелъул бетIерлъудаги тун вуго миллиардер Бидзина Иванишвили.
Министразул цIияб кабинеталъул рахъ ккун буго 88 депутатас, 54-яс данде гьаракь кьун буго. Парламентарияз гьединго загьир гьабуна «Къуватаб, демократияб ва цогояб Гуржиялъе гIоло» абулеб хIукуматалъул программаялда жидерго разилъиги. Гьелда улкаялъул нухмалъиялъ рагIи кьолеб буго кIудиял реформаби гьаризе.
Дагьаб цебе Гуржиялъ тIоритIарал парламентиял рищиязда бергьараб «Гуржиязул анищ» абулеб коалициялъул бетIер Иванишвилица арбагI къоялда абун букIана лъагIелгун бащдабгIанасеб заман гурони жинца политикаялда базе гьечIин, амма гьелъул магIна кколарин рищиязул кампаниялъул заманалда гIадамазе кьураб рагIиялдаса жинца инкар гьабизе бугин абурабин.