Америкалъул Флорида штаталда рагъалде рахъана улкаялъул президентлъиялде кандидатазда гьоркьор дебатазул ахирисеб лъабабилеб раунд. Гьезда гьанжесев президент- демократ Барак Обамаца ва республиканияв Митт Ромница бицен гьабулеб букIана къватIисеб политикаялъул.
Барак Обамаца абуна жив президентлъун вугебгIанасеб заманалда Ираналъе атомияб ярагъ щвезе гьечIин ва гьес Ромнида гьабулеб букIана улкаялъул рагъулал къуватазул нухмалъулевлъун вахъине гьев хIадурав гьечIин гIайиб. Гьесул пикруялда, Россиялдехун республиканиясул буго «цIорораб рагъул» эпохаялъул стандартазда рекъон гIуцIараб бербалагьи.
Ромнил пикруялда, Америкалъул геополитикияб тушманлъун гьанжеги буго Тегеран гуреб-Москва.
КIиявго кандидат разилъана Афгъанистаналдаса аскарал нахъе рачине ккеялда ва Сириялъул конфликталде гьоркьоре америкалъул аскарал журазе бегьунгутIиялда.
Ахирисеб гьикъа-бакъияз бихьизабулеб буго рищиязда бергьине кIиявго кандидатасул цоцазда бащадал ресал рукIин. Америкалда президентасул рищиял тIоритIизе руго анлъабилеб ноябралда.