«Роснефть» - дунялалдаго бищунго кIудияб нартил компания

Россиялъул ТНК-BP компаниялда бугеб 50 проценталда бащадаб жиндир бутIа нахъе босиялъул шартIал рихьизарураб къотIиялда гъоркь гъулбасал лъун руго Бритиш Петролиум ай BP концерналъ ва «Роснефть» компаниялъ.
Гьедин лъазабуна Лондоналда BP-ялъул вакилзабаз ва Москваялда Россиялъул президент Владимир Путингун букIараб данделъиялда «Роснефталъул» бетIер Игорь Сечиница.
ВР-ялъул разилъигун «Роснефталъ» бичун босулеб буго ТНК-BP-ялъул акциязул хутIараб 50 %. ГьанжелъиязегIан гьеб бутIаялъул бетIергьанлъун букIун буго россиялъул концерн ААР.
Гьедин «Роснефть» лъугьунеб буго дунялалдаго бищунго кIудияб нартил компаниялъул.
Гьеб дармил гIурхъабалъ «Роснефталъ» BP-ялъе кодобе кьезе буго 17 миллиард доллар ва жиндирго акциязул 13 процент. ВР-ялъ гьединго бичун босизе буго россиялъул концерналъул акциязул 20 процентги. ААР-ялъ абуни, жиндирго бутIа «Роснефталъе» бичизе буго 28 миллиард долларалде.