Америкалда инсанасул ихтиярал цIуниялъул суал Россиялъул Думаялда

Россиялъул Пачалихъияб Думаялда тIоритIана Америкалда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун бугеб ахIвал-хIалалда хурхун гIенеккиял.
ГIенеккиязда гIахьаллъана Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул нухмалъиялъул вакилзаби.
Данделъиялъул ахиралда депутатаз ва дипломатаз америкалъул нухмалъи ахIана чи чIвазе диванханаялъ хIукму къотIи нахъе бахъизе, Гуантанамоялда америкалъул рагъулаб базаялда бугеб туснахъ къазе ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун дунялалъулго лидер Америка бугин ахIи бай чIезабизе.
«Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ жиб лидер букIиналъе Америкалъул претензиял мекъал руго ва мисалаз гьеб гьединаб букIин бихьизабулеб гьечIо»,- гьедин лъазабуна россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун бутIаялъул вакил Константин Долговас.