Б. Иванишвили: «Гуржиялда халкъияб тIалъи букIине буго».

Гуржиязул Кутаиси шагьаралда гьатIан къоялъ тIобитIана цIибищараб парламенталъул тIоцебесеб данделъи. Депутатазда гьеб хIужа баркана гуржиязул президент Михаил Саакашвилица.

Парламентиял рищиязда бергьараб «Гуржиязул Анищилан» абулеб оппозициялъул цевехъан Бидзина Иванишвилица данделъи байбихьизегIан мухбирзабазде лъазабуна цо-кIиго къоялда жаниб цIияб хIукумат къабул гьабизе бугин. «Гуржистаналда букIине буго унго-унгояб халкъияб тIалъи», - ян тIаде жубана гьес.