Гъалгъазул оппозиционер ккун вуго.

Назраналда ккун вуго гъалгъазул оппозициялъул вакил Хазбиев МухIаммад.

Гьесул эбелалъ журналистазде лъазабуна шагьаралъул жанисел ишазул идараялъул пуланав «начальник» Телигов Сосланица МухIаммад ахIун вукIанин.

Хадув гьев ккун вугин 15 сордо-къоялъ жанивеги тIамун. ГIилла эбелалъе лъазабун гьечIо.

МухIаммад Хазбиев ккола ПАРНАС абулеб Республиканияб партиялъул Гъалгъастаналъул бутIаялъул бетIерлъун ва республикаялъул альтернативиябилан абулеб хIукуматалъул цевехъанлъун.