Ливаналъул политиказ Асадил низамалда гIайиб гьабулеб буго.

Башар Асадил низамалде данде чIолел Ливаналъул политиказ Сириялъул тIалъиялде гIунтIизабуна Бейруталда бахъараб кьвагьиялда хурхен букIиналъул гIайиб.

Гьаб теракталъул хIасилалда чIван вуго Ливаналъул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчи Виссам аль-ХIасан.

Гьадинаб гIайиб чIвазабулеб буго хасго друзазул бакIалъулаб жамгIияталъул бетIер Валид Джумблатица ва оппозициялъул цевехъан СагIад Харирица.

Оппозициялъ тIалаб гьабулеб буго Ливаналъул хIукумат хIалхьиялде ин. ГьабсагIат гьеб хIукуматалъул цо-цо гIахьалчагIилъун ккола Асадил низамалъе квербакъи гьабулеб "Хезбуллагь" гIуцIиялъул вакилал.

Рузман къоялъ Ливаналда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда 8 чи чIван 80-гIанасевги лъукъун вуго.