ГIиракъалда ва Пакистаналда зулму халат бахъунеб буго.

ГIиракъалъул Киркук шагьаралда бугеб балагьутIа бакIалде къеркьохъаназ гьабураб гьужумалъул хIасилалда цо офицер чIван вуго, анлъгоявги лъукъана.

Самарра шагьаралда къеркьохъаназ речIчIун чIвана рагъулаб хъулухъ гьабулев кIиго вацги. Гьезул эменги. Хавиджа шагьаралда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго бакIалъулаб бодул цо рагъухъан.

Пакистаналъул официалиял хъулухъчагIаз абулеб буго ТIалибан багъа бачариялъул рагъухъабаз Матани абулеб шагьаралъул рагIалда бугеб балагьутIа бакIалде гьужум гьабун 6 полициялъулав чIванин.