Туркиялъ гΙорхъабазде цΙалел руго рагъул къуватал

Туркиялъул Искендерун, Мерсина ва Анталия шагьаразда ругел рагъулал ралъдал базабазде цогидал бакΙаздасан ритΙун руго ракетазул системаби ругел гуми. Улкаялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, гьел гьенире ритΙиялъул мурад бугин, къватΙисан тадекΙанцΙи нахъ чΙвайин.

Туркиялъул рагъулаб флоталъул вакилас лъазабуна, жидер планалда гьечΙила лъидениги гьужум гьаби. Гьел тадбирал хурхарал ругин жидерго гΙорхъаби щулалъизариялдаян.