Москваялъул диваналде кьун руго дагъистаниязул берталъ вукIарав жеги ункъго чиясда сверун документал. Гьезда гIунтIизабулеб буго полицияс малъараб гьабичIолъиялъул гIайиб. Гьедин лъазабулеб буго РАПСИ абулеб агентлъиялъ. Гьезул ишалъул хал гьабизе буго 12 октябралда.
Дагъистаниязул берталъе бахIарай ячун унаго гьаваялде кьвагьунин ва полицияс малъараб гьабичIогойин 15 ва щуго сордо-къоялъ жанир тIамун вуго гьанжеялде жеги кIиго гIолилав Агъаларов ва Ильясов. 30 сентябралда ккараб гьеб хIужаялда бан ккун ва гьеб параялъго нахъе виччан вукIана 15 гIолилав.