Цересел официалиял хIасилал: «Гуржиязул анищалъе» щун буго 55%

Гружиялда къватIире кьун руго парламентиял рищиязул цересел официалиял хIасилал.
«Гуржиязул анищ» абулеб коалициялъе щун буго гьаркьазул 55 процент. Гьелде данде букIараб нухмалъиялъул «Цогояб миллияб багъа-башари» партиялъе щун буго 40,5 процент. Рищиязда гIахьаллъарал цоги партиязе щун гьечIо парламенталде рорчIизе хIажалъулеб щуго процент.