Рахмоновасе гьавураб къо баркун Путинил сайгъат

Душанбеялда Россиялъул ва Таджикистаналъул президентал – Владимир Путинил ва Эмомали Рахмоновасул данделъиялда гъулбасал лъун руго чанго кIвар бугел документазда гъоркь. Гьел кколел руго рагъулал, энергетикаялъул, миграциялъул рахъалъ рекъонхIалтIиялда ва наркотрафикгун цадахъаб къеркьей гIуцIиялда сверун документал.

Бищунго кIвар бугеблъун рехсолеб буго Таджикистаналда 2042 соналде щвезегIан россиялъул 201-билеб рагъулаб база теялда хурхараб къотIи-къай. Гьелъухъ гIарацги кьезе кколеб гьечIо. Гьелъул бакIалда тIаса лъугьун толеб буго Таджикистаналъ Россиялъе кьезе кколеб букIараб налъи. Гьелде тIадеги Россиялъ тIаде босулеб буго Таджикистаналъул рагъулал къуватазе модернизация гьабиялъул ва техникаялдалъун гьел хьезариялъул суал. Гьедин абуна Эмомали Рахмоновас данделъиялдаса хадуб.

Путин Душамбеялде щвараб 5 октябралда Рахмоновасе тIубана 60 сон. Гьеб баркун Путиница гьесие кьун буго россиялда цIиургъараб снайперазул туманкI ва махсаро гьабун буго гьавураб къоялъ чиясул гьари тIубазе кколин, гьединлъидал Рахмоновас гьарарабщиналда гъоркь жинца гъулбас лъезе бугин.