Буйнахъскалда чIван вуго лъабго чи

Дагъистаналъул Буйнахъск шагьаралда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго лъабго изну гьечIого яргъидгIуц1арав.
Гьедин лъазабулеб буго республикаялъул низам цIунулез. ЯргъидгIуц1арал сверун ккун рукIун руго щуго тIалаялъул минаялда бугеб рокъоб. Гьез инкар гьабун буго кверде рачIине ва гьеб рукъалъе гьужум гьабун буго. Операциялъул заманалда гIадатиял гIадамазе эвакуация гьабун букIун буго.
Низам цIунулезда гьоркьор зарал ккарал гьечIо.