Дербенталъул синагогаялда аскIоб кьвагьи бахъун буго

Дагъистаналъул Дербент шагьаралъул синагогаялда аскIоб ккун буго гьитIнабго кьвагьи. Зарал лъиего ккун гьечIо. Рекун руго минаялъул гордабазул цIурдул. Гьениб щиб ккарабали лъазабулеб буго. Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун официалиял комментариял жеги гьечIо.