Гуржиягун гьоркьорлъаби лъикIлъизе рукlиналда хьул буго Москваялъул

Гуржиягун гьоркьорлъаби лъикIлъизе рукlиналда хьул лъолеб буго Москваялъул. Гьединаб лъазаби гьабуна Федерациялъул Шураялъул спикер Валентина Матвиенкоца гуржиязул парламентиял рищиязе комментариял гьарулаго.
Талат къо къалъилалде гуржиялъул рищиязул Централияб комиссиялъ рикIкIун буго цебесеб къоялъ тIоритIарал рищиязда кьурал гьаркьазул ункъабилеб бутIа. Цебе буго «Гуржиязул анищ» абулеб оппозиционияб коалиция. Гьелъие бетIерлъи гьабулеб буго миллиардер Бидзина Иванишвилица.

Цересел баяназда рекъон, гьаркьазул 53 процент щун буго гьесие. Президент Михаил Саакашвилил «Миллияб Цогояб багъа-башариялъе»-41,5 процент. ХутIарал партиязе лъабго проценталдаса дагьал гьаркьал щун руго.

Парламенталда бугеб 150 бакIалде кандидатал рихьизарун руго 16 партиялъ. Гуржиялда вугев Эркенлъи Радиоялъул мухбирас лъазабулеб буго гьал парламентиял рищиязда бергьараб политикияб къукъаялъухъе щвезе бугин 2013 соналда улкаялда тIоритIизе ругел президентасул рищиязда хадуб улкаялда тIалъийин. Гьеб мехалда къуваталде лъугьине буго гуржиязул цIияб Конституция. Гьелда рекъон Гуржия президентасул республикаялдаса сверизе буго парламентияб республикялде.