Афинабазда полициялъ демонстрантал нахъе гъуна.

Афинабазда арбагI къоялъ Юнанистаналъул (Грециялъул) полициялъ магIу чвахизабулеб газ хIалтIизабун хIукуматалъул экономикаялъул политикаялде данде гIуцIараб демонстрациялъул гIахьалчагIи нахъе гъуна. Жиндир иргаялда улкаялъул парламенталъул минаялда цере ракIарарал демонстрантазги полициязде ганчIал рехана.