Белоруссиялъул парламенталде оппозициялъул вакилзаби рищун гьечIо.

Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон Белоруссиялда арал парламентиял рищиязда гIахьаллъана рищарухъабазул 75 процент. Рищиял тIоритIараллъун ва миллиял къануназдаги демократиялъул нормабаздаги тIуранго данде кколелъун лъазабуна СНГ-ялъул рахъалъан тохалчагIазул къукъаялъ. Мухбирзабазул баяналда рекъон Вакилзабазул кIалгIаялде цониги оппозиционер вищичIо.