ГьатΙан къоялда Белорусалда тΙоритΙана парламенталъул рищиял. Централияб рищиязул комиссиялъ гьел лъазаруна хΙакъаллъун. Гьелъулго лъазабиялда рекъон, гьаркьал кьезе рачΙаразул къадар букΙун буго 50 проценталдасан цΙиккун. Гьезда гъорлъан 26 проценталъ гьаркьал кьун руго цереккунго.
Оппозициялъ лъазабулеб буго, цебеккунго гьаркьал кьеялда хадуб хал кквезе захΙматго бугин ва нухмалъиялъ гьеб эффективияб къагΙидаялда фальсификация гьабиялъе хΙалтΙизабулин.
Белорусалъул бищунго кΙудияб оппозицияб щуго гΙуцΙиялъ гьанжеялдеги лъазабуна, жидеца рищиязул хΙассилал къабул гьаруларин, гьезда загьирлъарал къанунал хвезариялъул хΙужабазе гΙоло ва гьел рищиял баяналгуреб къагΙидаялда тΙоритΙун рукΙиналда банила.
110 бакΙ бугеб улкаялъул парламенталде рорчΙизе гΙамал гьабулеб буго 293 кандидатас. Аслияб къагΙидаялда гьел ккола гьанжесеб нухмалъиялъул рахъ кколел партиязул вакильзаби. Жинцаго гьаракь кьолеб мехалда Белорусалъул президент Александр Лукашенкоца лъазабуна, рищияздаса жидераго кандидатураби нахъе рахъун, оппозициялъ бихьизабунила халкъалде жидер абизе жо гьечΙолъиян.