Америкаялъул сенат ираналъул ядерияб ярагъалде данде

Ираналъе ядерияб ярагъ биччазе ресал къотΙизариялъул тадбирал гΙуцΙилъул резолюция къабул гьабуна Цолъарал штатазул сенаталъ.

Рузман къоялъ сенаталъ нахъ чΙван букΙана Пакистаналъе, Мисралъе ва Ливиялъе финансазул кумек гьоркьоб къотΙизабиялда хурхараб резолюция. Церелъеял гьарулел рукΙана, мисалалъе, Пактистаналдасан доктор Шакил Африди эркен гьави талаб гьабизе. Гьес кумек гьабун букΙана Цолъарал штатазул хасаб хъулухъалъе Пакистаналда вукΙарав Усама бин Ладен ватизе.