Туснахъалда йигей Украиналъул экс-премьер Юлия Тимошенкоца магърибалъул улкаби ахІана Укариналда рукІинесел иргадулал парламенталъул рищиязда нухмалъиялъе рищиязул хІассилазда хурхараб макру-хІиллаялъе квал-квал гьабиялде.
Тимошенкол хитІаб Вашингтоналда журналистазда цебе загьир гьабуна гьелъул яс Евгенияца. Экс-премьералъ риккунеб буго, гьел рищиял нухмалъиялъ рихьизарухъе тІоритІани, гьелъ хІинкъиялде гъоркье бачине бугила Украиналъул демократиялъул перспективабиян.