Нальчикалда тΙобитΙараб хасаб операциялъул хΙассилалда, тΙагΙинавун вуго анкьго сепаратист, гьездаго гъорлъ цо чΙужугΙаданги. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго низам цунулеб идараялъ. Хваразда гъорлъ рагΙуна шагьаралъул гΙамирин абулев Ульбашев Шамильги.