Россиялда USAID къалеб буго

Россиялъул нухмалъиялъ хΙукму гьабун буго 1 октябралдаса байбихьун америкаялъул (USAID) ай, Халкъазда гьоркьосеб цебетΙеялъул агентлъиялъул вакиллъи къазе. Россиялъул къватΙисел ишазул министерлъиялъул официалияв вакиль Александр Лукашевичица лъазабуна, агентлъиялъул хΙаракатчилъиялъул хасият дандекколеб гьечΙин лъазарун рукΙарал мурадаздеян. Гьел данде кколел гьечΙин кΙиябго рахъалъулал гуманитариял гьоркьорлъаби церетΙезариялъул масъалабаздеян.

Лукашевичил рагΙабазда, америкаялъул гΙуцΙиялъ грантал рикьиялъул къагΙидаялда гΙамал гьабулеб букΙана Россиялъул политикияб системаялде асар гьабизе. USAIDалъул грантал щолезда гъорлъ руго рищарухъабазул ихтиярал цΙунулеб «Голос» абураб гΙуцΙи, «Transparency International» абураб гΙуцΙяилъул россиялъул бутΙа, «Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб центр.